МАГӀАРУЛ ГЪАНСИТО
Open in Telegram
📖 ЦӀалула маргьаби, харбал, кучӀдул... 🔄 Обратная связь @Magomedgadji_777
Show more1 155
Subscribers
No data24 hours
-17 days
-730 days
Posts Archive
1 155
⚜Ассаламу гӀалайкум, рорчӀами хириял магӀарулал.
📌Баркула киназдаго рохалилаб байрам - гIелму-лъаялъул къо. Гьарула киналго мугIалимзабазе, цIалдохъабазе ва эбел-инсуе сабруги, цоцазда ричIчIиги. Лъимал - нилъер букIинесеб!
📌Хасго тIоцебесеб классалде унел лъималазул букIуна рохалилаб асар, тIоцебесеб цIурмил гьаркьица рачуна гьел гъваридаб лъай кьеялъул нухде. Биччанте гьаб рохалилаб асар цIалул сон лъугIизегIан нужеда цадахъ хутIизе.
📌МугIалимзабазе хIалтIулъ чIахIиял бергьенлъаби росулеблъун, цIалдохъабазе лъикIал хIасилал кьолеблъун батайги гьаб цIалул сон!
1 155
АхӀулгохӏ... Гьеб цӀаралъ кӀудияб асар бижизабула рекӀелъ, ракӀ къвакӀизабула. Гьаниб бугеб щибаб кьуруялъ ва гамачӏалъ нугӀлъи гьабула бахӀарчилъиялъе.
Имам Шамилие рекӏее цӀакъ захӀмат букӀана, гьалмагъзабазул бадиве валагьун, лъималазул гӀоди рагӀун, руччабазул гӀазаб-гӀакъуба бихьун, жиндие бищунго хириял камун... Амма гьев вукӀана щулаго чӀун.
🎭 Гьаб постановка гӀицӀго цебе букӀараб заманалъул хӀакъалъулъ бицунеб хабар гуро. Гьеб ккола нилъер тарих ракӀалде щвезабулеб жо. Щибаб эпизодалда нахъа буго инсанасул гӀумру.
😢 Гьаб видеоялъухъ ургъел гьечӀого балагьизе кӏоларо. РакӀ унтула, берал магӀуялъ цӀола. Щайгурелъул гьеб маргьу букӀинчӀо. Шагьидзаби рукӀана исламияб динги Ватӏанги цӀунун
рагъулел.
🙏 ТӀадегӀанав Аллагьас нилъее киназего насиб гьабеги Шамиль имамасул ва Ахӏулгохӏда шагьидлъарал гъазизабазул баракат ва шафагӏат.
1 155
Баркула киназдаго тӏаде щолеб бугеб нилъер хирияв Мухӏаммад авараг صلى الله عليه وسلم гьавураб моцl
1 155
Ассалам гlалайкум! Рорчlами, хириял магlарулал!
Гьарула щобазе бакъгин цIад дица.
Гьарула мугIрузе гIазу-цIер дица.
Гьарула зобазе хъахIиллъи дица,
ХъахIилаб ралъдае хIайранлъи дица.
Гьарула хIанчIазул кечI рогьалида,
Гьарула гIурул ахх ихдалил сардий.
Дица гIадамасе гьарула канлъи,
Дица гIадамасе гьарула лъикIлъи.
Расул Хlамзатов
1 155
Мухlамад Анкалаев бергьана.
Шамил мухъалъул ТIелекь росулъа спортсмен, бергьана Абу - Дабиялда унеб букӀараб UFCиялъул иргадулаб турниралда. Гьесда данде вахъун вукӏана Узбекистаналдасан Богдан Гуськов абурав спортсмен.
Щуабилеб раундалда техническияб нокауталдалъун Мухӏаммад бергьана дандиясдаса.
Баркула Анкалаевасда, тӏолабго Тӏекьадерил жамагӏаталда, ва гьединго киналго магӏарулазда гьеб бергьенлъи! Хаду-хадур гlемерлъаги бергьенлъабиги гьесие.
Хьул буго "Чемпион" абураб цӀар Мухӏамадица кватӏичӏого тӏадбуссине гьабизе бугилан жиндихъего.
1 155
Хириял магӀарулал, жакъа рагӏана цӀакъ пашманаб хабар 🙁 нилъер гӏолохъанав, магӏарулазе цӀакъ вокьулев вукӀарав кочӏохъан, Хӏусен Гӏамирханов Аллагьасул къадаралде щванилан.
Магӏарул гъансито абураб къокъаялъ зигара гьабулеб буго Хӏусенил тӏолабго гӏагарлъиялда.
Аллагьас рухӏ иманалда босун батаги, нужееги кьеги халатаб гӏумру ва сабру. Аллагьасул къадар лъидего щолеб жо буго, сахлъи кьеги киназего.
Цӏакъ кечӏ-бакъаналъе гуребги, суратал рахъизеги кутакаб махщел букӀана Хӏусенил.
Кӏудияб ками ккана магӀарул халкъалъе....
1 155
"Ватӏаналда хурхун кицаби ва абиял"
Ват1ан гьеч1ев чи- чед гьеч1еб таргьа.
Ват1ан тарав чи туснахъ вук1уна.
Ват1ан тун арасе талих1 кьоларо.
Ват1ан хириясул хвел бук1унаро.
Ват1ан ц1унун хварав чи хабалъги ч1аго вук1уна.
Гьеч1о нилъ рижараб ракь г1адинаб жо.
Г1анк1ицаги беццулеб жиндирго рук1ун, г1онк1к1оцаги беццулеб жиндирго карат1.
1 155
Баркат гьечIеб боцIудасаги цIунаги, гьуинлъи гьечIеб ригьнадасаги цIунаги.
Умумузул кицаби ва абиял
1 155
📌 1941-абилеб соналъул 22 июналда байбихьана немцазул фашизмалде данде гьабулеб Кlудияб Ватlанияб рагъ. Ватlан цӀунулезда гъорлъ рукӀана Дагъистаналдаса киналго миллатазул бищунго лъикlал васалги ясалги. Дагъистанияз гьеб вахlшияб рагъда цlунулеб букӀана жидерго ВатӀаналъул эркенльи.
Фашистазул бандаздасa Ватlан цӀунизе квербакъана нилъер халкъалда гьоркьоб бижараб вацлъиялъги гьудуллъиялъги.
ВатӀанияб рагъдаса тӀад руссинчӀо аза-азар дагъистаниял, гьез рухІ кьуна эбелаб ракьалъе ва бокьулеб Ватlаналъе гӀоло.
Нилъеда кидаго кӀочене гьечӀо гьезул гьунарал, гьез босараб Кlудияб Бергьенлъи!
1 155
▪️Цӏогьорасул маслихӏат
▫️Цӏадаса ХӀамзат.
Цӏогь гьабулел чагӏиги гьанже дагьлъун ругин, хасго рокъоре рачӏине кӏвезего кӀоларо 😀гьединлъидал нуж барщун рукӏунге цоцаздаса 😀😀😀
1 155
Бахилав чиясулгун гьудуллъи гьабуни, бищун дуе къваригӀараб бакӀалда живго гӀодов чӀола.
Умумузул кицаби ва абиял
