cookie

Ми використовуємо файли cookie для покращення вашого досвіду перегляду. Натиснувши «Прийняти все», ви погоджуєтеся на використання файлів cookie.

avatar

Наставление 📚

📌 Напоминание 🎞️ Проповеди 📿 Помощь Муридам 📽️ Видео 📷 Фото 📗 Коран 📗 Иман 📗 Ислам 📗 Ихсан ⬇️⬇️⬇️⬇️⬇️ 📱https://t.me/Abdullah_230997

Більше
Рекламні дописи
806
Підписники
Немає даних24 години
+277 днів
+11330 днів

Триває завантаження даних...

Приріст підписників

Триває завантаження даних...

4. *_Бану Тамим тухумалдаса ХIарисил яс СажахIги йикIана Мусайлама Ал-Каззабил заманалда жий авараг йигилан чIун. Мусайламае бокьун букIана рагъ гьабун гьелде тIаде кIанцIизе, амма гьев хIинкъун вукIана гьелъул тухумалъ кумек гьабун, жиндаго гъури базабилин._* Цинги гьес сайгъатал ритIун, гьейгун дандчIвай тIалаб гьабуна. Гьеб дандчIваялда лъадилъун ячIайилан гьарана гьес. Мусайламагун лъабкъо къо гурони гьелъ бачIилан хъвалеб буго цо-цо тIахьазда. Гьесдаса тIадюссун ячIиндал, гьелъ бицана кутакалда гьев вокьанилан ва чIужулъун гьесие анилан. Цинги гIадамаз цIехана магьаридухъ щиб лъурабилан. СажахIица абуна: *«Рокьуца йиххарай дида магьариялъул иш ракIалдецин щвечIо»,* - ян. Магьаридуй кьолеб жо тIалаб гьабун индал, гьес абуна: *«Нужер гьенив будун вугищ?»* - илан. Вугин жаваб кьедал, будунги ахIун Мусайламаца абуна: *«СажахIие гIоло Мусайламаца рогьалил ва богол каказул бигьалъи гьабуна ва Ямамалъул бащадаб хIалухъинги дица СажахIие кьуна»,* - ян. Амма гьеб хIалухъин бакIаризе гьелъ гIадамал ритIидал, вачIун Халид ибн Валидица гьел киналго рачахъана. Абула, Мусайламада кьаби щвезабун хадуб гьелъ исламияб дин босаниланги. 5. *_Мухтар ибн Абу ГIубайда Ас-Сакъафи. Гьесие Агьлубайт, ай аварагасул хъизан-агьлу кутакалда рокьулаан, хIатта гьес тIалаб гьабулеб букIана ХIусен чIвараздаса рецIел босизе. ГIабдуллагь ибн Зубайрил заманалда гIемерав чиги вакIарун, гьес Куфа кверде босана. Гьелдаса хадуб шайтIаналъ гьев гуккана. Жив авараг вугилан ва ЖабрагIил малаикги жиндихъе вачIунин дагIба базе байбихьана. МусгIаб ибн Зубайрица гьесулгун гIемерал рагъал гьаруна. Ахир-къадги Мухтарги чIвана._* Аварагас ﷺ абухъе, рикIкIен лъебергоялде бахинегIан гьединал гьерсихъаби къиямасеб къо щвезегIан загьирлъизе руго. Гьезул ахирисевги дажал вукIине вуго. Аллагьас нилъ цIунаги гьезул питнабаздаса. ЖАБИР МАЖИДОВ • • • *📰 АС-САЛАМ / ИХlСАН*
Показати все...
👍 2👏 1
*ГЬЕРЕСИЯЛ АВАРАГЗАБИ* *_Къиямасеб къоялъул гIаламат_* Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатаздасан ккола жал аварагзаби ругин чIарал гьагал, тохал гьерсихъаби рахъин. Гьединал къосарал чагIи жеги авараг ﷺ чIаго вукIагоцин байбихьана загьирлъизе. Абугьурайратидасан бицараб кьучIаб хIадисалда буго, аварагас ﷺ абунин: *«Къиямасеб къо щоларо лъеберго гьересиял дажалал загьирлъун гурони. Гьезул щивас дагIба базе буго жив авараг вугилан абун»,* - ян (Бухари, Муслим). Савбанидасан бицараб хIадисалда буго: *«Къиямасеб къо щоларо дир умматалдаса цо-цо къокъа мушрикиназде нахърегIун хъанчазе лагълъи гьабизе байбихьун гурого. Дир умматалдаса рукIине руго лъеберго гьерсихъан. Гьезул щивас дагIба базе буго жив авараг вугин ва дунги аварагзабазул мугьру вугилан. Дида хадув тIокIав авараг вукIине гьечIо»,* - ян (Абу Давуд, Тирмизи). Гъоркьехун рехселин цо-цо гьединал гьересиял аварагзаби. 1. *_Аварагасул гIумруялъул ахиралда исламалдасаги вуссун жив авараг вугилан чIана Йеменалда вукIарав Ал-Асвад АлГIанси. Гьесда цIар букIана ГIабгьалагь ибн КагIб Зулхимар ва чIегIераб чуйин абулаан гьесда. Гьедин абиялъе гIиллаги, кидаго чIегIераб чIортоялъ гьумерги бахчун гьев вукIин букIана. Асвад вукIана цIар арав сихIручи ва кутакалда сихIирав чи. ГIадамазул ракIал гьетIизелъун гIажаибал жал рихьизарулаан ва пасихIго кIалъазеги лъалаан гьесда._* Жинцаго ургъарал шигIрабиги вахIю бугилан абулаан гьес. Гьев ккола исламалда загьирлъарал гьересиял аварагзабазул тIоцевесев чи. Жинда божаралгун цадахъ Ал-Асвадица 3-4 моцIида жаниб Йемен кверде босана. Цинги аварагас гьенир ругел бусурбабазухъе гьересияв авараггун рагъ базелъун гьесизарун кагъат битIана. Аварагасул кагътие бусурбабаз жаваб гьабуна ва жиндирго рокъов чIужуялъул кумекалдалъун бусурбабаз Ал-Асвад чIвана. Ал-Асвадил чIужу йикIана рос чIван хадув хIал гьабун Ал-Асвадица ячарайлъун. Аллагьасде ва аварагасде иманги гьелъ лъурабго букIана, цинги Ал-Асвад чIван хадуб исламги гьелъ загьир гьабуна. 2. *_Гьересиял аварагзабаздасан ккола Ал-Асад тухумалдаса ТIулайхIат ибн Хувайлидги. Жив авараг вугин дагIба бана гьес МухIаммад авараг ахираталде накълолъидал._* Закат бахъиялда дандечIун вукIарав муртад ХIасин Ал-Фазариясги ТIулайхIатие квербакъана. ТIулайхIица ракIчIезабулеб букIана ЖабрагIил малаикас какдаса сужда нахъе бахъеян абун вахIю жинхъе бачIанин абун. Бицуна цо нухалъ жиндирго гIадамалгун цадахъ сапаралъ унаго кутакалда лъеде хIажалъи кканин. Цинги ТIулайхIаца абуна: *«Варанабаздеги рахун цо чанго милалъ церехун индал нужеда гьениб лъим батила»,* - ян. ХIакъикъаталдаги гьениб лъим батана. Гьелдаса хадуб гIемерав чияс иман лъуна ТIухIайла авараг вугин абун. ГIарабаз байбихьана Абубакр халипасде данде рахъине. Халипас, аскаргун цадахъ, Халид ибн Валид витIана ТIулайхIагун рагъ базе. Рагъ байбихьидал аскаралдаса нахъехунги чIун, халичаялда гъоркьги вахчун, жиндихъе вахIю рещтIунеб бугилан абуна гьес. Гьесул аскаралъул бетIер ГIуяйна чанго нухалъ щвана гьесухъе бачIанищ вахIю абун цIехезе. Лъабабилеб нухалъги ТIулайхIадаса жаваб щвечIеб мехалъ ГIуяйнаца абуна: *«Гьанже мун дихъ гIенекке! Дуда гьабсагIаталъ рагIила хадуб киданиги кIочене гьечIеб»,* - илан. Цинги аскаралда гьес абуна: *«Гьав ТIулайхIат сихIирав гьерсихъан вуго. Нуж киналго рокъоре тIадрусса»,* - ян. ГьебсагIаталда ТIулайхIал аскар бикь-бикьун ана. Живгоги гьев Сириялдехун ана. Цинги дагьаб заманалдаса нахъвуссунги вачIун, исламияб дин къабул гьабуна. Нигьаванд абураб рагъулъ гьевги чIвана. 3. *_Жив авараг вугилан чIарав гьересиял аварагзабаздасан ккола Мусайлама Ал-Каззабги. Каззабин, ай гьересияв абураб цIарги живго аварагас кьуна гьесие. Каззабида нахърилълъарал гIемерлъидал, бусурбабазе гьеб захIмалъизе байбихьана._* Абубакр асхIабасул халиплъиялъул заманалда, Ямамалъул тунка-гIусиялда Мусайламада гъури бана ва ВахIши асхIабас гьевги чIвана.
Показати все...
👍 2
Имам аль-Газали (да будет ему милость Аллаhа) сказал: لا فرق بين أن يعبد الإنسان نفسَهُ أو يعبد صنماً ، فمهما عبد غير الله فقد حُجِبَ عَنِ اللهِ *«Нет разницы между тем, поклоняется ли человек своему эго (нафс) или поклоняется идолу, потому что всё, что кроме Аллаhа, преграждает человека от Аллаhа."* [Ихья Улум ад-Дин, т. 5, стр. 222]
Показати все...
Ищущий знания

Канал Муса Багилова, для обратной связи напишите сюда: @ibn_kamil

👍 2
Сказал Мухаддис Абу Бакр ас-Сайрафи [1]  об *_Имаме аль-Ашари:_* «كانت المعتزلة قد رفعوا رؤوسهم حتى أظهر الله الأشعري فحجزهم في أقماع السمسم» - اهـ *«Мутазилиты ходили с высоко поднятыми головами до тех пор, пока Всевышний Аллаh не явил Аль-Ашари, который одолел их [2]»* — конец цитаты. ﹏﹏﹏﹏﹏﹏﹏﹏﹏﹏ [1] Абу Бакр ас-Сайрафи — Имам, мухаддис. Брал от Ибн Аби Хатима и других. От него передает Ибн аль-Ади, Аль-Хаким, Ибн аль-Манда и другие. Скончался в 345 году. [2] См.:  تاريخ مدينة السلام للبغدادي 13/ 261. انظر الأنساب (1/ 174) وسير أعلام النبلاء (15/ 86) وطبقات الشافعية 3/ 349
Показати все...
👍 2
08:20
Відео недоступнеДивитись в Telegram
👍 1
Repost from Abdulgafurov
01:05
Відео недоступнеДивитись в Telegram
👍 2
Repost from Abdulgafurov
03:04
Відео недоступнеДивитись в Telegram
👍 1
Repost from Abdulgafurov
06:16
Відео недоступнеДивитись в Telegram
👍 1
~ Если у кого есть продолжение этого видео, скиньте мне
Показати все...
👍 1 1
Repost from АВАР ИСЛАМ
АЛЛАГЬИЛАН АБУН ГЬАРАРАБ ГЬАРИ, АНКЬАЛГО ЗОБАЗДЕ ТlАДЕ БАХАГИ, ХlАБИБ ﷺ РЕХСОЛАГО ГЬАБУРАБ ХlЕЛИ, ХlАЛАЕ БАТАГИ ДОБ ГlАРАСАЛДА, ГlАДАМАЛ ЦlАДАРЕ РЕХУЛЕБ КЪОЯЛЪ, ГЬАБ КЪОКЪА ДУГlАЯЛЪ ХВАСАР ГЬАРЕГИ, ЦlУНУН ТАГИ АЛЛАГЬ НИЛЪЕР  ДЖАМАГlАТ, УНТИ- БАЛАГЬАЛЪУЛ ЗАРАЛАЛДАСА ДУР РАЗИЛЪИ БОКЬУН ДАНДЕЛЪУН РУГИН МУН НИЖЕДА ГУРХlА, ХИРИЯВ АЛЛАГЬ. ЩИБАБ БАКЪАНИДА ГЬАБУРАБ ДУГlА УММАТ ХВАСАРЛЪУЛЕБ НИГlМАТЛЪУН ГЬАБЕ, НИЖЕР ЭБЕЛ ИНСУЙ ТlОЛГО ХВАРАЗЕ, ЩОЛЕБЛЪУН БАТАГИ, ХОБ-ЗАНИ РИКlКlУН, ГЬАРУРАЛ МУНАГЬАЛ ДУЦАГИ ЧУРУН, МУНГУН ДАНД ЧlВАЛЕБ КЪО, ГВАНГЪАРАБ КЬЕЙГИ, ХlАБИБ-МУХ1АММАДГУН УСТАРЗАБИГУН, РАХЪУНЕЛ АГЬЛУЛЪУН НИЖГИ ГЬАРЕГИ. АМИН! 🤲🏻
Показати все...
2🔥 2