❁ ИХӀСАН ❁
«Аллагь разилъулеб мурадалде инсан щвечlо адабалдалъун гурони, гьеб мурадалдасаги махlрумлъичlо адаб теялдалъун гурони»
Больше- Подписчики
- Просмотры постов
- ER - коэффициент вовлеченности
Загрузка данных...
Загрузка данных...
Зинаялъул хIакъалъулъ хирияв Аварагасул ﷺ цо-цо хIадисазул магIнаби: – «Аллагьасда божулев бусурманчияс зина гьабуларо». – «Бусурманчияс зина гьабураб мехалъ гьес жиндирго габуралдаса Исламалъул кIичI бахъула». – «Нужее бищун хIинкъи цIикIкIараб жо зина гьаби буго». – «Зинаялъ мискинлъи тIаде цIала». – «Цо чияс зина гьабураб мехалъ гьесдаса иман бахъула, гьеб иман гьесул бетIералда тIад дугъ гIадин чIола, тавбу гьабураб мехалъ иман гьесде нахъги буссуна». «Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагь балагьизего балагьуларо зина гьабурав херав чиясдеги, херай чIужугIаданалдеги». – «Зина гьабулел руччабазул чорхолъа чвахараб чороклъиялъ жужахIалъул агьлуялъе тIадеги къварилъи гьабула». – «3инаялда тIадчIей гьабулев чи хъанчие лагълъи гьабулесда релълъун вуго». – «Дир умматалъулъ зинадулъа лъугьарал лъимал гIемерлъараб мехалъ Аллагьас киназдего гIаммаб гIазаб тIамула». • • • t.me/ihsan_avar Телеграм-канал ИХӀСАН • ━━━━━༻❁༺ ━━━━━•
Авар мацl бицунеб меседил кини, Кинацаго гьорой рехулеб буго. Гьеб мацlалъ кинидахъ ахlулел кучlдул Дахlабабадацин кlочон тун руго. Кlодо, магlарул мацl кида кlочараб? Дахlададал кlуди гlурусалъайищ? Нилъер миллаталъул тарих, гlадатал Гьеб мацl кlочон тани, кин лъазе ругел? Хварал мацlалгицин чlаго гьарулин, Чlагояб авар мацl щай хвезабулеб? Мацl кlочене тани, Шамил кlочена, Ахlулгохl билила, Махlмуд лъаларо, Гlалихlажи, Чlанкlа, кици-биценал, Халкъиял асарал рилун лъугlила. Миллатги лъаларел, мацlги лъаларел Лъималазул хьвади щибдай букlина? Бокьухъин хьвадиги тохаб гlамалги Чияр гьаз босани, суруларищ нилъ? Залму Батирова