cookie

ما از کوکی‌ها برای بهبود تجربه مرور شما استفاده می‌کنیم. با کلیک کردن بر روی «پذیرش همه»، شما با استفاده از کوکی‌ها موافقت می‌کنید.

avatar

ГЬИТlИНАЛ АВАРАЗЕ

Литературно-исторический канал для детей на аварском языке.

نمایش بیشتر
روسيا215 313زبان مشخص نشده استآموزش68 366
پست‌های تبلیغاتی
1 319
مشترکین
+224 ساعت
+87 روز
+3630 روز

در حال بارگیری داده...

معدل نمو المشتركين

در حال بارگیری داده...

Photo unavailableShow in Telegram
😀Махсара КIодоца васасул яс Хадижатида гьикъулеб буго: - Хадижат, дуцайищ тIолабго торт кванан лъугIизабураб? - Гуро, кIудаэбел – абун ясалъул гьумер багIарлъана. - Дуе гьеб рекIее гIун батани жегиги кьелин абун йикIанаха дир яс. - Вай, цIакъ гьуинаб букIана, жегиги бокьила – ян абун Хадижатил гьереси тIатана. ⚜ - Хадижат, дуца дарсал кидал гьаризе ругел, - ян гьикъана кIодоца. - Мультик лъугIараб мехалдаха кIудаэбел – ян жаваб кьуна Хадижатица. - Вай, мультик лъугIарабго кватIун букIинарищ дир яс, - ян гьей гIедегIизайизе лъугьана кIодо. - Дида телевизоралдасан бицунеб рагIана, цIализе кидаго кватIун букIунарин,- абун жиндирго мультикалде юссана Хадижат.
نمایش همه...
😁 14🔥 2
Repost from AVAR MEDIA
00:11
Video unavailableShow in Telegram
Аварагас ‎ﷺ абуна : قَالَ رَسُولُ اللهِ صَلَّى اللهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ: «أَكْثِرُوا الصَّلَاةَ عَلَيَّ يَوْمَ الْجُمُعَةِ وَلَيْلَةَ الْجُمُعَةِ؛ فَمَنْ صَلَّى عَلَيَّ صَلَاةً صَلَّى الله عَلَيْهِ عَشْرًا» «Нужеца диде салават битlи цlикlкlинабе рузман къоялъ ва рузман сордоялъ, хlакълъунго щив чи вугониги диде салат битlун, Тlадегlанав Аллагьас гьесде анцlго салат битlула» 📚Хlадис бицана Байгьакъияс
نمایش همه...
IMG_1849.MP43.81 MB
👍 3 1
Photo unavailableShow in Telegram
♦️МАШГЬУРАЛ АВАРАЛ♦️ Мухlамадмирза Мавраев (1878-1964)        Дагъистаналда басмаханаялъе кьучI лъурав махщелчи, республикаялда миллиял мацIазда периодическияб басмаялъул гIуцIарухъан.       XX гIасруялъул авалалда Дагъистан лъугьана Северияб Бакъбаккул Кавказалда гIараб хъвай-хъвагIаялъул тIахьал басмаялда рахъиялъул центрлъун. Дагъистаналда гIемер батIи-батIиял мацIазда кIалъалел гIадамал рукIинги хIисабалде босун, М. Мавраевас бакIалъулал гIалимзабазул, таржамачагIазул ва катибазул кумекалдалъун гIуцIана авар, дарги, лъарагI, лак, адигей, азербайжан, гIараб, балкар, кабардин, гъарачай, асатIин, чачан, гIурус мацIазда тIахьал басмаялда рахъи.        Написат Дахlадаевалъ Мавраевасул типографиялда авар, лъарагI ва гIурус мацIазда къватIибе биччалеб букIана «Заман» абураб газетаги (гьанжесеб «ХIакъикъат»).        МухIамадмирза Мавраевас цIакъ кIудияб хIалтIи гьабуна халкъалда гьоркьор тIахьал тIиритIизариялъеги. https://t.me/hakikat_gazeta #аваралмашгьурал
نمایش همه...
👍 12 2
02:26
Video unavailableShow in Telegram
♦️ Араб гlумруялъухъ ракl щун бугеб куц...💔
نمایش همه...
10.66 MB
👍 5 3💔 1🤗 1
00:17
Video unavailableShow in Telegram
🔷ЛЪАР🔷 Рорхатал тӀогьазда хъахӀаб гӀазуда БагӀар бакъги къочун, гьелъул лъугьараб, Ракl лъикӀаб лъимерлъун, белъанхъулаго, ХъахӀаб полопги бан, чвахун ана лъар. Ана гьеб цебехун, хӀарщулъан гуро, ХӀари багъарулеб рахънисан гуро. Чвахана чабхилъан, ганчӀазда тӀасан ТӀокӀкӀи ва бацІцІалъи цӀунана кибго. Кквезе жиб чӀолареб кьегӀер кинигин, Кьурдаса гӀодобе кӀанцӀулеб мехалъ, Кьер берцинаб нуралъ баргъич хуна тӀад, ТӀираби кенчӀана жавгьарал гӀадин. ХӀикмалъи, балъголъи лъараб кинигин, Лъар гӀодоб биччана, гӀанчІлъи тӀагӀана... КунчӀана лахӀзаталъ дир пикрабалъги МагӀарул ясазул намусалъул кун.                        М. Хириясулаев
نمایش همه...
3.62 MB
👍 8🥰 4
01:14
Video unavailableShow in Telegram
8.07 MB
10👏 4👍 1
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб цIияб сонги ислам цIилъулеб, бусурбаби рохулеб, баракат, талихI рещтIунеблъун гьабеги. Араб соналда Аллагь ﷻ разилъулареб, хIакъикье кколеб, ахираталда хIисаб-суалалде цIалеб иш гьабун батани, гьединаб гIамал рехун тезе Аллагьас ﷻ гьунар кьеги щивасе. Щиб бугониги талихIалде цIалеб жо гьабулеб букIун батани, Аллагь ﷻ разилъулеб, дунял-ахираталъул, гьединаб гIамал тIадеги цIикIкIинабизе Аллагьас ﷻ къуватги кьеги. Амин!
نمایش همه...
6👍 1🥰 1
00:02
Video unavailableShow in Telegram
0.36 KB
6👍 2
1️⃣СУЛДЕРИЛ ЧВАХИ 2️⃣➖3️⃣ ТОБОТ 4️⃣ЧВАХИЛО
نمایش همه...
4.69 MB
2.68 MB
5.83 MB
2.69 MB
👍 11 6🔥 3👏 1
🔷ЧВАХАБИ🔷       МагIаруллъиялъул щибаб росдал ракьалда дандчIвала жидерго хасаб берцинлъигун чIахIиялги гIисиналги лъел чвахаби.       Бищунго чIахIиязул цояб ккола ЧIарада районалда бугеб Чвахило абураб чвахи. КьенсергIурул тIарада бугеб гьелъ лъим босула Гутон магIардаса. БакIалъулал гIадамазда гурони гIемер чиясда гьеб лъаларо, щайгурелъул гьенире рахине захIмалъула. Гьилиб росулъа 14 км бигьаяб гуреб сухъмахъалъ ине ккола гьенире. Кьурул болъабазда речIчIулаго, кIудияб борхалъудаса бортун бачIунеб гучаб лъел чвахиялъул гъугъайгин сас километралдаса цIикIкIараб манзилалда рагIула. Инсан хIайран гьавула гьелда сверухъ бугеб гIалхулаб берцинаб тIабигIаталъги.       ЦIакъго хIикматаблъун буго Гъуниб районалъул СалтIа росдал ракьалда бугеб чвахи. Гьединабго хIикматаб буго сулдерил нохъоде, ракьалда гьоркьан бачIунеб лъел чвахиги.       Сулдерил лъар байбихьула Кудали росдал ракьалдаса ва СалтIа росдаде гIагарлъухъе щолаго ракьулъе тIерхьун уна. Чанго метралъ ракьулъанги ун, лъар къватIибе кIанцIун бачIуна ва гьелъул лъугьуна 7 м борхалъи бугеб чвахи.       КIикъого метралъул борхалъи буго гьебго районалъул ТIасагъуниса бачIунеб лъарал Гъуниб абулеб чвахиялъулги. ЦIорол мугIруздаса лъугьарал лъел чвахиял руго Авар, ГIанди ва Гъазигъумекдерил гIоразул тIаралъабаздаги.       Хасго берциналлъун ккола Тобот лъарал чвахиял. Гьел руго Хунзахъги Илълъаги росабазда гьоркьор. Бакъ речIчIараб мехалда, гьел чвахабазул лъел тIираби нуралъул хIубал гIадин гвангъун рихьула. Хасалил заманалда бакъуда данде кенчIолел цIорол хIубал лъугьуна. Тоботалъул чвахабазул борхалъи географикияб къагIидаялда жеги мухIканго борцун гьечIин абизе бегьула. 1959 соналда Тоботалъул чвахабазул цIех-рех гьабурав азербайжаназул географ К. Гюляца жиндирго тIехьалда хъвалеб буго гьезул борхалъи 100 м бугин. Дагъистаналъул географ М. Элдаровасин абуни бихьизабулеб буго Тоботалъул чвахабазул борхалъи 70 м бугин. Хунзахъ мухъалъул Макьасда рагIаллъиялдаса гIодобе буго сахъадерил чвахи, гьелдаса бакътIерхьудехун – лъегIелдерил ЧвахукьбакI чвахиги. Гьеб кIиябго чвахиялъ лъим босула ТIалакъоро мегIералъул иццаздаса.       Хзан гIурул чвахи буго битIахъе БежтIа росу бакьулъ. БежтIадерил мацIалда гьелда цIар буго Лъисиякьа чвахи абун. Гьеб цIакъго борхатаб гьечIо. Араб гIасруялъул кIикъоялда анцIабилеб соналъ гьелда тIад бан букIана гидроэлектростанция.       ГIахьвахъ районалъул МестIерухъ ва ТIукитIа росабазул ракьалдаги руго чанго лъел чвахаби. ЦIакъго машгьураб буго 50 метралдасаги борхатаб МестIерухъ росдада дандбитIун бугеб ГьацIакино чвахи.       Чвахабаздалъун бечедаб буго Шамил районалъул Кьурукьмухъги. ТIасабакълъухъ росдада дандбитIун буго 40 м борхалъи бугеб Мегъугъа чвахи. Гьенирго руго Игикь ва Магъалоси чвахиялги.         Гьандихъ росдал ракьалда руго Бидакъо чвахи, Гомог чвахи, Борхатаб чвахи, ХIассанил чвахи – кинабниги анкьго чвахи. 100 - гIанасеб метралъул борхалъиги буго гьезул щибалъул.       Могьохъ росдада аскIоб буго Чара магIардаса бачIунеб лъаралъул Игьанди чвахи.      ТIабигIаталъул берцинаб памятниклъун буго Унсоколо мухъалъул гьерекIдерил къварилъухъ бугеб чвахиги. Рихьуниб росдада дандбитIун бугеб Хинаб лъим абураб бакIалда бугеб чвахиялъул борхалъи бахуна 60 метралде.       Дагъистаналда гуребги, Россиялдаго бищун борхатаблъун рикIкIуна ГIашилтIа росулъ бугеб чвахи. Гьезулго ракьалда буго 15 метралдаса цIикIкIун борхалъи бугеб 16 чвахи.       ЦIумада районалда ругел чвахабазул машгьураллъун руго Инхокъвари чвахи, Гьакварисезул чвахи, ТIинди ва Хъварши лъаразда ругел чвахаби.
نمایش همه...
👍 9 5🔥 1👏 1
یک طرح متفاوت انتخاب کنید

طرح فعلی شما تنها برای 5 کانال تجزیه و تحلیل را مجاز می کند. برای بیشتر، لطفا یک طرح دیگر انتخاب کنید.